🍃ТАВБУ
Астагъфируллагь, РахIман, тIолго мунагьаздасан,
Мун рази гьечIебщинаб фигIлу-къавлуялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун кIалъараб кIалалдаса,
Бахъараб хIетIалдаса, бегьараб квералдаса!
Мун разияб гурелде балагьараб бердаса,
РагIизе хIарамалде гIинтIамун чIеялдаса,
Дудаса ракI гъафуллъун биччараб хIухьладаса,
Дун квешлъи гьабулесда тIад рекъон чIеялдаса!
Астагъфируллагь, тавбу, тана, Аллагь, нижеца
Теян амру гьабурал киналгоги квешлъаби.
Гьариларо, БетIергьан, тIаса лъугьа нижеда,
Дур шаргIалъул хIукмаби хIакъирлъулел гIамалал.
Мун цо вукIин лъаниги лъаларелгун хьваданин,
ЛъикIлъилъун бадал гьаре гьарунщинал мунагьал!
Гьабураб гIамал бихьун гIазаб букIин лъаниги,
ГIассилъан