Астагъфируллагь, Рах!ман, т!олго мунагьаздасан, Мун рази гьеч!ебщинаб фиг!лу-къавлуялдаса, Дудаса рак! гъафуллъун к!аъараб к!алалдаса, Бахъараб х!ет!алдаса, бегьараб квералдаса! Мун разияб горелде балагьараб бердаса, Раг!изе х!арамалде г!ин т!амунч!еялдаса, Дудаса рак! гъафуллъун биччараб х!охьладаса, Дун квешлъи гьабулесда т!ад рекъон ч!еялдаса! Астагъфируллагь,Астагъфируллагь,Астагъфируллагь.Амин!