Гьаб интернеталда, х!исаб гьабуни
Г!алимзаби руго кинабго лъалел.
Диналъул арканал, суннатгун- фарзал,
Ма ша Аллагь, азда лъалеб бугеб куц.
Лъик!ал статусал лъун, аятал рехсон
Беричлъи бихьулищ иманалдехун,
Ислам беццун к!алъан , х!адисал рехсон
Бокьарас бокьараб кьвагьун толеб куц.
Амма,,квеш ккараб жо, к!иго мухъги хъван,
Лъабилаб хъвалелде ралел рогьраби...
Щивасул г!акълудал, размералъ борцун,
Бицулареб ани , диналъул хабар...