Дуда эбелалъул берал рихьанищ,балагьун гlорцlичlел гlумруялъго духъ.Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,кинабго дуе кьун ракъван тlагlарал.Дуда эбелалъул гьумер бихьанищ,гьитlинлъун хутlараб дур
тlалабаца.Дуда эбелалъул угьди рагlичlищ,гьаб дуниял цlураб цlилал сорораб.Мун гьелъул чохьонив каранда гlурав.Мун мугъзада вухьун мегъал сверарай.Мун гьаналъул ругlел кlудав гlезегlан,гlазизай эбелалъ кини кlикlарав.Мун долде вагъуге лъадуда божун,элъ хвалил гlазабакь гьавурав гlадин.Ахlтlоге мун долде ургьиса гурев,лъова зобалахъа вачlарав гlадин.Мун долъухъе щоге гьобол киниги,щваравго мун унге чапар гlадинан.Бицунге дуцаго кьураб жоялъул,дуниял кьуралда гlумру кьуралда.Мун кванараб мехалъ гlорцlарай