📚📿📚📿📚📿
*Алжанги насиблъизе, сиратIги бигьалъизе,*
*Садакъа-хайраталда ниж ругьун гьаре, АЛЛАГЬ!*🤲
*Унтабиги сахлъулел, боцIи-малги цIобалеб,*
*Балагьалги нахъ чIвалеб гIамалалъе квер бакъе!*🤲
📚 (Саг1ид афанди, «Назмаби», 2-леб т1ехь, 146 гь.)
🤝 Ассаламу г1алайкум
Кинабго къокъаялде,
Къойилго Исламалъул
Бицунел яц-вацазде💚🌹
Жакъа бач1араб къоги
АЛЛАГЬ разиго аги,
Гьениб бугеб баракат
Кинабго нилъей щваги.🤲
🍃
Щибго ургъел-къварилъи
Нилъеда бихьугеги,
Бихьаралде щукругин
Щулияб иман кьеги.🤲
🍃
Лъик1абщинаб раг1аги
Лъик1абщинаб бихьаги,
Берцинаб гуреб сипат
Берда цебе ч1огеги.🤲
🍃
АЛЛАГЬАС нилъ рижарал
Т1аг1аталъе ругелъул,
Т1олго лугбузда накъищ
ГЬЕСУЛ ц1аралъ бахъаги.🤲
🍃