кий лъарай,
Лъалхъиларищ лах1зат мун .
Лъаларилан дунги тун,
Тезе къасдищ,къисмат дир.
Къасде макьилъ йихьич1о,
Хьибил цун мун к1усич1о.
К1иялго г1умроялъго,
Лъалеб асар дилъ буго.
Дица т1ил кьун кьурдич1о,
Кьабизе дун вач1инч1о.
Кьуч1алда мун лъалилан,
Лъугьарал щай пикраби.
Кидаяли духъ ккараб,
Дида цинги к1очараб,
Ячинилан раг1и кьун,
Рокьидай данде ч1вараб.
Дурги буго балагьи,
Бераца дун ворцунеб.
Цо г1унгут1и ,дир гъалат1,
Т1аса лъугьа ,гьеч1одай..
Рач1а лъай-хъвай гьабизе,
Гьеч1ин,бук1инч1ин араб.
Азаргоялда гьоркьой,
Гьай мун щайха.халлъарай.
Хивалал дирги руго,
Анищал дур ратила.
Теларин, дирги къасдал,
Къуркьиларин, мун т1ирун.
Т1аделъилин лъазелъун,
Лъадилъун мун х1ажалъун.
Х1икмалъи кир рук1арал,
Кверал кьуна цоцахъе.
Цингиги божуларо,
Берч1ван рокьи кколилан.
Кинабго г1умроялъго,
Лъалеллъун данд ч1валилан.
Яч1а гьудул кий йигей,
Кват1улел данделъизе.
Лъала гьедин бук1ина,
Рек1еца мун ц1ехолей.


Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Комментарии 8